Дагестанские песни текст песни
Обновлено: 22.11.2024
Даку Асадулаев - Цо берцинай яс
Дида данде ккана цо берцинай яс
Бералги дие тун нур босун ана
Дида данде ккана цо берцинай яс
Бералги дие тун нур босун ана
Гьелъ дие карандаса рак1 бахъун ана
Ва ч1ег1ерал берал дихъги ралагьун
Гьелъ дие карандаса рак1 бахъун ана
Ва ч1ег1ерал берал дихъги ралагьун
Ч1аралъуго дунги хагазе гьавун
Харихъ мокъокъ г1адин къокъун анин яс
Ч1аралъуго дунги хагазе гьавун
Харихъ мокъокъ г1адин къокъун анин яс
Магниталъ-махх г1адин хаду дунги ц1ан
Ц1орол гордал рагьун ялагьана яс
Магниталъ-махх г1адин хаду дунги ц1ан
Ц1орол гордал рагьун ялагьана яс
Къаси моц1 баккулеб, къад бакъ баккулеб
Рихьарал лъик1 дида дур ц1орол гордал
Къаси моц1 баккулеб, къад бакъ баккулеб
Рихьарал лъик1 дида дур ц1орол гордал
Ралагьарал ч1вазе ч1орал реч1улеб
Лъаралго лъик1 дида дур ч1ег1ер берал
Ралагьарал ч1вазе ч1орал реч1улеб
Лъаралго лъик1 дида дур ч1ег1ер берал
там "данде" в 1-м куплете) Нравится Показать список оценивших
Нравится Показать список оценивших
Нравится Показать список оценивших
Абакар Джамалудинов - Имам Шамил
Нравится Показать список оценивших
Абдулла Магомедмирзаев — Сладостный сон
Гьуинаб макьуги кьог1лъулеб бугин
Кье беразул канлъи дихъе цо раг1и х2
Балъгояб рокьиги т1атунеб бугин
Т1обала(?) релълъани лъазабе дида х2
Цере нилъ рук1араб мех рак1алде щун
Мехтарав чи г1адин чвархъан реч1ч1ула х2
Данделъиго гьеч1еб рокьиялдаса
Дару-дарман гьеч1еб унтиго бег1ан(?) х2
Нужеда раг1аниш, берцинал ясал,
Маг1арул цо росулъ, лъугьараб къиса,
Г1енеке г1ин т1аме, дир гьудулзаби
Вас берал рух1арал, Х1ажил бицине.
Дун гьавун хадуса, хирияй эбел,
Ана дунил ги тун, алжан бихьизе.
Къого сон сверич1ел, ч1ег1ерал берал,
Ч1ег1ераб ракьалда лъуна Аллагьас.
Цинги дир инсуца, ячарай ч1ужу,
Жиндийго лъадилъун, дие эбеллъун,
Лъабго сон балелде, бич1ана дида,
Гьей эбел дир гурей, бат1ияй йик1ин
Гьединан рук1адго, цо сордоялъги,
Къот1ана бесталалъ, дир берзул канлъи
Кинидаги вущун, кьижарав диде,
Гьалдолеб лъим т1уна, хваян борохьалъ
Аллагь дуниялалда, гурх1ел гьеч1ебиш,
Гурх1ичей щай дида, маг1арул ч1ужу.
Гьалдолеб лъим т1аде, Т1еч1онаниги,
Дун ч1вазе къуват иш, гьелъул бук1инч1еб.
Читайте также: