Зайнаб махаева текст песни

Обновлено: 19.09.2024

Амина,
Зайнаб Махаева - Ангел

2 раза:
Гьееей дирго даражаялда жанги рак1ги ч1аниги
Ч1аго алжан гьаризе гьунар г1олеб гьеч1о дир

Дуниялалъул малаик мунилан ах1иги бан
Ах1и бахъун, ах1и бахъун рух1ги ун
Хъат1ун хут1ун йиго дун

Гьееей дие бокьулеб рокьул пихъ
Бет1ун дица кунаро
Гьаб бихьизабун тола
Кванаразе бук1ине

Дир къечараб г1ишкъул ицц
Гьекъезелъул гьунаро
Къулг1аги рагьун тола
Гьекъолезда батизе

Дир къеч1араб г1ишкъул ицц
Гьекъезелъул гьунаро
Рагьун тола, рагьун тола къулг1аги
Гьекъолезда батизе

2 раза:
Гьееей амма дуниял кьуниги
Кьеларо дур балагьи
Кьурулъ ч1араб миккицин
Цо ч1ор реч1ч1ун лъукъулеб

Кьурун г1ор буссаниги
Юссинаро дудаса
Дие г1ишкъу, дие г1ишкъудул улка
Каранлъ жаниб рагьараб

Амма дуниял кьуниги
Кьеларо дур балагьи
Кьурулъ ч1араб миккицин
Цо ч1ор реч1ч1ун лъукъулеб

Кьурун г1ор буссаниги
Юссинаро дудаса
Дие г1ишкъу, дие г1ишкъудул улка
Каранлъ жаниб рагьараб (2 раза)

Читайте также: