Песня дагестан на аварском языке текст
Обновлено: 08.11.2024
Гуро, гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистан,
Гьелъул борхалъиялде ваха гьедин абулев.
Аххал тIогьода руго, тIогьал гIаздада руго,
ГIатIидаб Каспиялда гуми лъедолел руго.
ТIадегIанаб,
ТIадегIанаб, гIагараб,
МагIарулазул улка,
Аваданаб Дагъистан.
Йохъ, цо миллион гуро дагъистаниял ругел
Дунялалда гIагарлъи гIунги тIокI буго нилъер
МугIрул тIокIкIарал иццахъ океан зигардула
Аваразул васазухъ ясал чанги угьдула.
Гуро, гIамал кIудияб гIадамазул ватIан гьаб,
Амма бетIер даличIо Дагъистаналъ лъиего
Гьелъул ччорбалъ беролеб буго цIакъ машгьураб би
Гьелъул каранлъ кьабгIелеб буго цIакъ кьварараб ракI.
"БАЦ1АДАБ БИДУЛ МАГ1АРУЛАЛ"
Релъи гьеч1ого рохизе лъалел
Маг1у чвахич1ого г1одизе лъалел
Г1ишкъул рек1араб ц1а ц1унизе лъалел
Маг1арулал ругел лъик1ал г1адамал
Г1ишкъул рек1араб ц1а ц1унизе лъалел
Маг1арулал ругел лъик1ал г1адамал
Бак1ал къваридалъул рак1ал г1ат1идал
Рукъ бискинлъаниги намус бечедал
Т1аде бач1араб къо лимлъун къунч1улел
Маг1арулал ругел лъик1ал г1адамал
Т1аде бач1араб къо лимлъун къунч1улел
Маг1арулал ругел лъик1ал г1адамал
Рик1ен дагьлъаниги гьунар г1емерал
Г1урда т1еп бижизе чорхол би т1олел
Читайте также: